Шамат къоялъул къаси Украиналъул Донецк шагьаралда сепаратистаз гIарада баялъул хIасилалда ункъго ракълилав инсан чIван вуго, ичIгоявги лъукъана, риххун руго шагьаралъул бакI-бакIалда ругел рукъзал ва химикияб фабрикаялъул цо бутIа.
Украиналъул прессалъ лъазабулеб буго сепаратистаз цоги нухалъ къасд гьабунин Донецкалъул аэропорт бахъизе.