Украиналъул 100 аскарияв ккун вуго

Украиналъул Луганск икълималъул Бахмутовка абулеб росдал сверухълъиялда сепаратистаз нусгогIан Украиналъул аскарияв ккун вуго. Руго гьединго чIваралги лъукъаралги.

Гьадин лъазабуна икълималъул губернатор Геннадий Москалица тIокIаб мухIканлъи гьабичIого.

Гьесул рагIабазда рекъон чанго къоялъ халат бахъунеб буго тунка-гIусси. Сепаратистаз «Град» абулеб Россиялъул хасаб гIарада балеб алат ва танкал хIалтIизарулел ругин.

Москалил рагIабазда рекъон сепаратистазулгун Европаялда ХIинкъи гьечIолъи ва рекъон хIалтIи гьабиялъул гIуцIиялъул вакилзабазулгун рукIарал кIалъа-басаял хIасил гьечIого лъугIанин.