Крымалда татарал камула

Крымалъул административияб центрлъун кколеб Симферополь шагьаралда араб бакI лъачIого камуна татар миллаталъул кIиго чи.

Артем Дайрабековасул ва Билал Билаловасул гIага-божараз абухъего гьезул лъалкIал цо-сордо-къоялъ цере камунин.

ГIагараз цин полициялдехун руссун, кумек гьарана, цинги ратун руго гъозул жаназаби.

Инсанасул ихтиярал цIунулезул баяналда рекъон Крымалъул аннексия Россиялъ гьабун хадусала гьенир ругел татарал камиялъул хIужаби цIикIкIунел ругин.

Араб анкьида батун буго цеве камурав 25 сон барав Эдем Асановасул жаназа. Крым татаразул цIикIкIараб къадаралъ Россия какулеб буго Крымалъул анексия гьабурадухъ.