Берлиналъ инкар гьабулеб рагIула Москваялъулгун консультацияздаса

Германиялъ Россиялъулгун диалогалъул кIваралъул даража гIодобехун бачунеб буго Украиналъул кризисалда хурхун.

Spiegel журналалъул лъазабиялда рекъон, Берлиналъ инкар гьабулеб буго цере планалда рукIарал минстразулги хIукуматалъул бутIрузулги даражаялда Москваялъулгун консултацияздаса.

Германиялъул хIукуматалъул вакизабазда базабун, Spiegel журналалъ абулеб буго, гьеб хурхараб бугин Украиналъул конфликталда Россиялъул бугеб ролалдайин.

Анкьалъ цебе Кремлалъул пресс-хъулухъалъ Германиялъул президент Йоахим Гаукида ва канцлер Ангела Меркелида баркун букIун буго Германиялъул цолъиялъул къо.

Гьезухъе битIараб кагътида хъван букIун буго «Европаялда парахалъиялъул ва хIинкъигьечIолъиялъул мурадалда гьоркьорлъаби халат рахъинариялъул хIакъалъулъги».