ГIиракъалъул премьер-министр данде вуго къватIисан рагъулаб кумекалде

ГIиракъалъул премьер-министр Хайдер аль-Абадица цIадаса нахъ чIвана улкаялде къватIисан рагъул къуватал рачIине бегьиялъул рес, гьединаб рес гьарун Анбар провинциялъул жамгIияталъ хитIаб гьабун хадуб.

Регионалияб нухмалъиялъ Америкаялъул рагъул къватазда гьарулеб буго «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул къуватазде данде чIезе кумек гьабеян.

Анбар провинциялда экстремистаз гIамал гьабулеб буго Рамади шагьаралде гьужум гьабизе, гьениб гьез бахъун буго рагъулазул нахърателал цIунулел базаби.