Таджикистаналда гIадамазул ресал гьечIо смсал ритIизе

Таджикистаналъул бухьеналъул оператораз жидерго клиентал махIрум гьарун руго смсаздаса. Гьез лъазабулеб буго, гьеб кколин техникияб проблемайин.

Амма гьезул конкурентаз ва жамгIиял хIаракатчагIаз абулеб буго, гьеб гьереси кколин ва смсалъул функция къай хурхараб бугин 10 октябралда «Къокъа 24» абураб оппозицияб гIуцIиялъ тIобитIизе ракIалда букIараб митингалдайин.

Гьеб гIуцIи улкаялъул ТIадегIанаб диваналъ лъазабун буго экстремистияблъун.

Интернеталда митингалде ахIиял раккун хадуб, нухмалъиялъул буюриялда рекъон къан буго Facebook, "Вконтакте" ва YouTube рагьизе ресал.