НАТОялъе бокьун буго "Исламияб пачалихъалде" данде Туркиялъул жигараб гIахьаллъи

«Сириялъул шималияб рахъалда ругел «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул къуватазде данде жибго лъикIаб лъугьун рагъул операция тIобитIиялъул рес нахъ чIвалеб буго Туркиялъул нухмалъиялъ.

Гьединаб лъазаби гьабуна Туркиялъул къватIисел ишазул министр Мевлют Чавушоглуца НАТОялъул цIияв генералияв секретарь Йенсен Столтенбергилгун цIадахъаб пресс-конференциялда.

НАТОялъ ва Цолъарал Штатаз Туркия ахIулеб буго «Исламияб пачалихъалде» данде рагъалда дагьалъ жигараб квербакъи гьабиялде.

Мевлют Чавушоглул рагIабазда, Туркия разилъулеб буго коалициялъ Кобани шагьаралда щвезарулел гIадал авиакьабиял къваригIун рукIиналда.

Гьелдаго цадахъ гьел гIоларин, исламистазул къуватаздаса бергьине кканиян ва ургъизе кколин гIодосан гьел къуватазде рагьулаб асар гьабиялъул къагIидаялда тIадин, лъазабун буго гьес.