Балканазул цо-цо улкаби Евроцолъиялде гIагарлъизе риччалел гьечIо коррупциялъ

Коррупциялъ ва прессаялъул эркенлъиялъе гIорхъаби чIезариялъ негативияб асар гьабулеб буго Сербияги Черногорияги Евроцолъиялде гъорлъе лъугьиналъул суалалде.

Гьедин лъазабулеб буго арбагI къоялъ Еврокомиссиялъ загьир гьабураб жиндирго докладалда.

Балканазул улкабазда гъорлъ Евроцолъиялде гъорлъе лъугьиналде бищунго гIагарлъун буго Черногория. Гьелдаго цадахъ докладалъул автораз лъазабулеб буго, гьелъие квал-квал гьабулеб бугин диваналъул системаялда роформаби гьариялъул суалалда прогресс гьечIолъиялъин.

Еврокомиссиялъул докладалда кIвар буссинабулеб буго Сербиялъе коррупциялде данде къеркьеялъул суалалда байбихьудаго икъбалал щун рукIиналде. Аммайин, хъвалеб буго автораз, цо-цо сферабазда коррупциялъул проблемаби кIудияллъун хутIулел ругин.

Бищунго квешаб ахIвал-хIал коррупциялда сверун хутIулеб рагIула Босниягун Герцоговинаялда ва Косовоялда.

Гьелъие квербакъи гьабулеб бугин улкабазда лъиданиги бачIеб диваналъул система гьечIолъиялъин, лъазабулеб буго докладалда.