Жив киве ккаравали лъачIого тагIун вукIарав татарасул жаназа батун буго Крымалда

Сентябралъул ахиралда жив киве ккаравали лъачIого тIагарав крымалъул татарав Эдем Асановасул жаназа батун буго. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабуна гьесул яц Феридеца.

Гьелъул рагIабазда, гьесул жаназа буго гьанже Евпатория шагьаралъул моргалда. Крымалъул татаразул жамгIияталъ лъазабулеб буго Россиялъ Крымалъул аннекcия гьабиялде данде крымалъул татараз акцияби тIоритIун хадуб, жидер гIадамал хIакъир гьарулел ругин, жидеде тIадацуй гьабулеб бугин.

Крымалъул нухмалъиялъ киналгIаги комментариял гьаричIо Асанов тIагIиналда бан. Жал кире ккаралали лъачIого хIутIулел руго гьединго Ислам Джеппаровги Джевдет Исламовги. Гьелги рикъун рукIун руго 27 сентябралда.