Стокгольмалда бугеб Каролинаялъул медикияб институталда бугеб Нобелил комитеталъ лъазавуна дунялалдаго бищунго къадруяб шапакъаталъул, ай Нобелил ракълилаб премиялъул тIоцересел лауреатал.
Медицинаялъул рахъалдаса 2014 соналъул премия кьолеб буго гIаданахалъул цIех-рехалъул хIасилазухъ Британиялъулгун Америкаялъул микробиологал Джон О’Киффие, рос-лъади Мэй-Бритт ва Эдвард Мозеразе.
Ахирисел хIалтIулел руго Норвегиялъул Тронхейм шагьарлъул ГIелмиябгун технологияб университеталда, Джон О’Кифф - Лондоналъул университеталъул колледжалда.
Нобелил премия гIадатияб къагIидаялда байбихьула медицинаялъул ва физиологиялъул сфераялъул лауреатал лъазарун. 7 октябралда Нобелил комитеталъ лъазавизе вуго физикаялъул рахъалъан лауреат, химиялъул рахъалдаса - хадусеб къоялда. 2014 соналда Нобелил премиялъул къадар ккола Швециялъул кронаялъул микьго милллион. Гьеб кколеб буго миллион доллар.