Гонконгалда тунка-гIуссиял

Гонконгалда шамат къоялъ тунка-гIуссиял рагъарана демократиялъул реформаби тIалаб гьабулезда ва хIинкъи гьечIолъи цIунулезда гьоркьор. Шагьар бакьулъ гIага-шагарго анцIазарго чи вукIун вуго.

Демонстрантазул церехъабаз абулеб буго – гьеб бугин цебеккунго ургъун гьабураб тIаде-кIанци ва инкар гьабуна Гонконгалъул администрациялъулгун кIалъа-басаял тIоритIиялдаса.

Гьеб демонстрация халат бахъунеб буго гьале анкьида жаниб. Демонстрантал разиял гьечIо Гонконгалъул администрациялъул бетIер вищиялда тIад Пекиналъ контроль гьабулеб букIиналдаса.