Хаслихъе Дагъистаналдаса армиялде ине вуго кIиазарго чи

ТIоцебесеб октябралда Россиялда киса-кибего байбихьана армиялде гIолохъаби ахIиялъул тадбир. Улка цIунулезул кьерде дагъистаналдаса унел гIолилазул къадар гьаб нухалъ кIиго нухалъ цIикIкIинабун буго, амма цебего гIадин гIарац кьечIого армиялде ритIулел гьечIилан абулел харбалги камулел гьечIо республикаялда.

Исана Дагъистаналдаса армиялде ахIизе вуго кIизараго гIанасев гIолилав. ЦохIо МахIачхъалаялдаса ахIизехъин рагIула 600 гIанасев чи, хутIарал гIолохъаби рачIине ккола республикаялъул цогидал мухъаздаса. Гьединаб баян кьолеб буго Дагъистаналъул рагъулаб коммиссариаталда армиялде гIолохъаби ахIулеб бутIаялъул нухмалъулев Идрисов Муртузица. Араб ихдал букIараб призывалде дандеккун гьеб тарих цIикIкIун буго. Доб мехалъ ахIун вукIана азарго гIанасев гIолилав.

ТIубараб Россиялдаса гьаб хасалихъе рагъулаб хъулухъ тIубазабизе ахIизе рагIула 154 азаралда хадув гIолилав. Исана Россиялда гъорлъе рачIарал, Севостопалалдасагун Крымалдаса гIолохъаби гьаб нухалъ армиялде ритIизе гьечIо, гьел ахIизе руго тIасияб соналдаса байбихьунилан абуна Россиялъул Генералияб Штабалъул нухмалъулев Тонкошкуров Василийица.

Рагъулаб хъулухъ тIубазе ахIулев щибав гIолиласухъ букIине буго электронияб карта. Гьелда тIад бихьизабун букIине буго гIолиласул лага-черхалъул роцен, цIайи, гьев гьавураб росу-ракьалъул, рарал соназул ва цогидалги киналго баянал. Гьеб къагIида хIалтIизабизе байбихьана исана. Щибав мухъилав солдатасе моцIалъе кьезе рагIула кIизарго гъурущ гIарацги. Рокъор гIажизал, херал эбел-эмен ругел гIолилал рикIкIада бугеб шагьаралде ритIизе рагIуларо, гьез хъулухъ гьабизе буго гьел гIумру гьабун ругеб бакIалда бугеб рагъулаб бутIаялда.

Росиялъул информ.алатз кьураб баяналда хас гьабун хъвалеб буго Кавказалъул республикабаздаса армиялде ине бокьарал гIолохъаби цIакъго гIемерлъун ругилан. Гьезие исана квота цIикIкIинабунилан баян кьолеб буго гьелъие Ген.Шатабалъул кIудияв, генерал Тонкошкуровас. Цогидал регионаздаса гIолохъабазда ращад ритIизе ругин гьелги улкаялъул бакI-бакIазда ругел рагъулал бутIабазде.

Гьаб хасалихъе армиялде ине хIадурлъулев вуго Хунзахъ мухъалъул ГьоцIалъ росулъа ХIасанов МухIамадги. Гьаб ихдал лъугIана гьес Дагъистаналъул Пачалихъияб университеталъул социалияб факульет ва анлъабилеб октябралда рагъулаб коммисариталде вачIине кколилан лъазаби щун буго гьесухъе. Амма гIарацги кьун армиялде ине ракIалда гьечIо гьесда. Щайгурелъул ахирал соназда гIемерал гIолилазул гIарз буго армиялде витIаралъухъ чанго азарго гъурущ тIалаб гьабулеб бугин рагъулаб коммиссариаталъ. МухIамадица жиндирго пикру гьадин загьир гьабуна гьелда тIасан.

ХIасанов МухIамад: «Гьез витIани ина дун хъулухъ тIубазе, амма гьезие гIарац кьезе дида ракIалда гьечIо. гьанже киназго абулеб буго гIарац кьечIого ритIуларин, лъаларо кин ккелебали.

Дир гьудул гьалмагъзабазул кIигоялги ана гьедин араб соналъ. Щивас 30 000 гъурущ кьунилан ккола. Гьезие бокьун букIаан кIиялго цо рагъулаб бутIаялде ккезе, гьелъие гIоло кьезе кканиланги абулеб букIана гьез».

Исана Дагъистаналдаса армиялде ахIулезул къадар цIикIкIинабиялда тIасан пикру загьир гьабулаго цо-цояз абулеб буго Жанубияб Украинаялда рагъулаб ахIвал-хIал хIалуцинадал гьенире ритIизе гIадамал хIажалъун ругин гьанже Россиялъул армиялъе. Рагъулаб хъулухъ тIубалел гIолохъабазулгун цин контракталъулаб къотIи-къайги гьабун гьадигIан гIарац кьезе бугин дуе гьениве аниянги абун ритIулел ругин гьенире гIолохъаби. Гьедин дагъистаниялги ахIулел ратулин гIемер, щайгурелъул Афгъанистаналда рагъ унеб мехалъги гьенире бищунго цере Кавказалдаса армиялде ахIарал гIолохъаби ритIулел рукIанин.

Амма Афгъанистаналда рагъулел рукIарал дагъистаниязул ЖамгIияб Шураялъул вакил Хадулаев Шамилица гIахьал гьабулеб гьечIо гьединаб пикру.

Хадулаев Шамиль: «ЦохIо Кавказалдаса гIолохъаби гурелги киналго ритIулел рукIана доб мехалъ Афгъанистаналде. ГьабсагIат Россиялъул армиялде къваригIун буго гIадамасул сурсат. Гьеб бихьизабуна украинаялъул жанубияб бутIаялда ккарал ахирисел лъугьа-бахъиназ. Гьелъ бихьизабуна улкаялъул киналго гIадамал цолъизе кколин, щайгурелъул къватIиса пачалихъаз нилъеда гьоркьобе ракьа рехулеб буго. Цебе Кавказияздехун букIарабги рокьукълъи тIагIун ана гьел лъугьа-бахъиназдаса хадуб ва гьанже Улка цIунулезул кьерда гьезул къадарги цIикIкIинабулеб буго»

Гьаб соналъул 2014 соналда хисизабураб, рагъулаб хъулухъ тIубазабиялъул хIакъалъулъ Россиялъул цIияб къануналъ тIалаб гьабуна армиялда хъулухъ тIубазабичIел гIолохъаби хIукуматалъул жавабиял хъулухъазде къабул гьаризе гьечIилан. Амма армиялда рагъулаб хъулухъги тIубан рачIарал Дагъистаналдаса гIолохъабазул нагагьав чи гурони гьечIо хIукуматалъул хIалтIуде восарав.