Донецкалъул аэропорталде цIияб гьужум

Хамиз къоялъул радал Донецкалда сепаратистаз цIидахъан гьужум гьабизе байбихьана гьениб бугеб аэропорталде. Аэропорт Украиналъул аскарияз цIунулеб буго.

Багъарараб кьалда анкьго сепаратист чIван вуго анцIгогIанасевги лъукъана. Украиналъул аскариязда гъорлъ къурбанал ккечIо. Сепаратистазда кIвечIо цониги терминал бахъизе.