Гаагаялда Халкъаздагьоркьосеб трибуналалъ арбагI къоялъ ахирисеб рагIи кьуна Босниялъул сербазул вукIарав бетIер Радован Караджичие.
Гьес жинде гIунтIизабураб гIайибалъе мукIурлъун, абуна, хIакъикъаталдаги, жив моралияб рахъалъан жавабияв вугин Босниялъул сербаз гьарурал такъсиразда бан ва тIаса лъугьин гьарана чIваразул гIагараздехун вуссун.
Прокурораз тIалаб гьабулеб буго Караджич гIумруялъго жаниве тIами. Караджичасде гIунтIиазурал гIайибазул аслияблъун ккола 1995 соналда Сребренница росулъ анкьазаргогIан бусурбанчи, гьезда гъорлъ – балугълъиялде рахинчIел васал чIвай.