Путиниде Временный росдал гIарз

Унсоколо мухъ.

Унсоколо мухъалъул Временный росулъа гIадамаз хитIаб гьабулеб буго Россиялъул президент Владимир Путинихъе. Гьез гьарулеб буго аскариязул зулмуялдаса хвасар гьарейин. ЭР-ялъ цебеккун бицун букIахъе, анкьидаса цIикIкIун мех буго аскарияз гьеб сверун ккуралдаса. Гьезул щаклъи буго гьенир жанир изну гьечIого яргъид гIуцIарал гIадамал рахчун рукIиналда ва бакIалъул гIадамаз гьеб балъго гьабулеб букIиналда.

Амма гIадамаз абулеб буго гьабщинаб заманалда жаниб гьезда гьенив щивниги ватичIин, ватизеги гьечIин. Гьединлъидал гIадада чIухьалги ран гIадамазе гIакъуба кьечIого гьел тадбирал ахиралде щвезаризе хIалтIи гьабеян.

Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповги гьоркьов тун, Владимир Путинихъе хитIаб гьабиялъе гIиллалъун кканин гьес жидее Facebook-сайталдасан жаваб кьечIолъийин абулеб буго Временный росулъа ПатIимат абулей гIаданалъ.

Гьей ккола гьабсагIаталда росулъ хутIарай 60 гIан чIужугIаданалъул цояй. Аскарияз гьезда абуна жидеца хасал тадбирал тIоритIун рахъинегIан росу теян. Амма амазонкаби гIадин росуги цIунун чIун ругин жалин бицана гьелъ ЭР-ялъе.

ПатIимат: «Эзие къваригIун буго нижги аниса гочинарун, нижер рукъзал талавур гьаризе. Дун эзулгун квешаб скандалги гьабун чIолей йикIана рокъой.

Амма Аллагьасул цIар бахъана дие гIурусаца, яхъадила къватIие абун, гьеб мехалда яхъана дун кIиябго лъимерги бачун. Анир гIадамазе кутакалда заралал гьарулел руго, инжит гьарулел руго. Лъималазулги нижерги стресс лъугьун буго.

Бихъулеб, биххулеб, бухъулеб буго росу. Бихъе, бухIе, кьвагье, ярагъги гIайибиялги ратараб бакIалда. Амма гIайиб бугелги гьечIелги цого роцада лъолел руго. Надиршагьицаги Тимурицаги Дагъистаналде чабхъенал кинан гьарулел рукIарал?

Гьединалго чабхъенал гьаризе ругьунлъун руго ал Генуб росулъе.

Я цониги хъвараб жо биччалеб гьечIо гьаниса къватIибе, я корреспондентал риччалел гьечIо. Лъимги къотIинабун буго. Школа рахан руго, ясли-ах рахан буго.

Балугълъуде рахунел лъимал къватIире рахъине риччазе кIолел гьечIо нижеда. Унтараб лъимерги бачун къватIие гъолей йикIана росулъа.

Генераласулгун дандчIваялде ине рукIана ниж гьеб киналъулго бицине, амма риччачIо. Нилъерго тIадчагIаз гьабулеб батана кинабго жо – къватIире рахъайин абулеб бугин нужедаянги абун».

ПатIиматица ЭР-ялъе бицухъе, командировкаялъ Дагъистаналде ритIун рачIарал аскариязул бербалагьи лъикIаб бугин жидедехун, жалго дагъистаниязулалдасаги.

ПатIимат: «КъваригIараб жо жидеда абейин рукIуна гьел, гIурусал лъикIал руго, гьаниб бугеб тIалъиялдаса. ХIакъир гьарулел руго ниж. Генусан жидеде кьвагьданилан абулеб буго гьез. Щивниги гьечIо гьезде кьвагьдолев чи гьанив.

ЩутIалаяб минаялда жаниб I4 батIияб къокъаги бачIун хъирщана гьез кинабго. Ахиралда къада рухана, столазда кIанцIана».

Аскарияз абулеб буго Временный росулъ рахчун ругила изну гьечIого яргъид гIуцIарал гIадамал, амма гIадамаз гьеб жидедаса бахчулеб бугила.

ПатIимат: «Рахчун ругила. Нижеда гьанир рахчарал чагIи лъаларо, яц. Мадугьалзабиги цогидал росуцоялги - киналго руго жидерго хIалтIи-пишаялде, сундениги регIичIого.

Жакъа нужеца гьанир щай гьел ралагьулел ругелин гьикъулеб буго нижеца гьезда, гъоркьисала гъол нужехъе кьун тараб мехалда.

Амма гьелъие жаваб кьолев чи ватулев гьечIо нижеда. Ахиралда абуна цояс гьаб бугила жидерго «чед», гIарац. Гьедин гьабизе кколила жиндица бетIербахъи.

Амма хIалбихьейила жидеда тIасан гIарзахъдизе, жидеца нужехъе ярагъ рехилила, цогидаб гьабилила».

ПатIиматица бицухъе, Временноялдаса киналго бихьиналги къватIире ритIун, росулъ хутIун ругила унтарал ва херал чагIи.

ПатIимат: «Нижер гьанир руго сакъаталги, онкологиялъ унтаралги, эпилепсия бугелги гIадамал. ГЭСалъищ унтизарун ругелали. Хаселги буго тIаде щолеб. Бугеб магIишатги талавур гьабизе тун, ниж кире рахъинел гьаниса?

Дида хьолбохъ йиго унтарай, херай гIадан. Онкологиялъул азарханаялде хьвадизе ккола гьей. Бикъун гьелъул магIишатгун, кьечIеб гIакъуба киб тараб гьез гьелъие?»

Бицен гьабулеб ахIвал-хIалалда тIасан ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда низам цIунулез инкар гьабуна официалияб куцалда баян кьезе, щайин абуни хасал тадбирал ахиралде щвезегIан чIезе кколилан.