Япониялда вулкан "чаголъун" хадуб хун вуго 30 чи

Япониялда Онтакэ абураб вулкан хIалтIизе байбихьун хадуб гьелъул сверухълъиялда ватун вуго ракI чIун хварав 30 гIанав чи.

Гьелъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго бакIалъулал гIадамаз ва полициялъ.

Гьелда цебе лъазабулеб букIана Нагано префектураялда жал кире ккаралали лъачIого тIагIарав 30 гIанав чи валагьулев вукIиналъул хIакъалъулъ.

Вулканалдаса ккуй бахун буго чанго километраялъул борхалъиялда ва сверухълъиялда гIадамазул эвакуация гьабун буго. Т

окиоялдаса 200 километралъул манзилалда бугеб Онтакэ кколеб рагIула кIодолъиялъул рахъалдаса Япониялъул кIиабилеб вулкан.

Цебесеб нухалда гьеб «чIаголъун букIана» 2007 соналда.