HRW: "Узбекистаналда политикиял туснахъазе гIазаб кьолеб буго".

Узбекистаналда политикияб кьучIалда туснахъалде ккарал гIадамазе гIазаб кьолеб буго ва гьезие чIезарун гьечIо рукIине кколел шартIал минимумцин.

Гьелъул хIакъалъулъ абулеб буго Human Rights Watch абураб инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъул цIияб докладалда.

Докладалда кIвар буссинабулеб буго гIазаб кьеялъул къагIидабазда гъорлъ туснахъазде данде рухи, электрошок, гIанкъизари, сексуалияб хIал гьаби ва цогидал къагIидаби хIалтIизарулел рукIиналде.

Human Rights Watch гIуцIиялъ Узбекистаналъул нухмалъи ахIулеб буго нахъ тIамичIого ва киналгIаги шартIал лъечIого киналго политикиял туснахъал эркен гьариялде, гьезде гIунтIизарурал гIайибал аслияб куцалда ургъарал ругинги абун.