Цолъарал Штатазул Пачалихъияб депатаменталъ къватIисел улкабазул I0 чи ва кIиго къокъа жубана халкъазда гьоркьосел террористазул ва террористиял гIуцIабазул сияхIалде.
Гьел гIуцIаби кколел руго 20I3 соналда Сириялда баккараб «Джаиш аль-Мугьаджерин» ва гьебго соналда мароккоялъулаздаса гIуцIараб ва Сириялдаго харакатчилъи загьир гьабураб «Гьаракат Шам аль-Ислам».
Гьел гIуцIияз гьарулел руго террористиял тIадекIанциял, рикъулел руго гIадамал. Террористаллъун лъазарун руго Амру аль-Абси, Салим Бенгалем, МохIмад Абдель-Халим Гьемайда Салех, Лавдрем Мухаджери, Мурад Маргошвили, Нусрет Имамович ва цогидал.
Жидеде данде санкцияби гьаризесев халкъазда гьоркьосел терроризмалъул аслиял фигураби хIисабалда вихьизавурав II чиясдаса сияхI бахъун буго Цолъарал Штатазул финансазул министерлъиялъги.
Гьелъул пресс-релизалда хъван буго, гьел гIадамазул гьоркьорлъаби рукIанин чанго террористияб къокъаялъугунин, хасго «Исламияб пачалихъалъулгун», «Фронт аль Нусралъулгун», «Аль-Каидаялъулгун».
Гьезие гIарцул ва материалияб кумек гьабулеб букIанин гьезин. Гьеб сияхIалда тIоцебесеб бакIалда хъван буго гуржиялъ кьалбал ругев Тархан Батирашвилил цIар. Гьев рикIкIунев вуго «Исламияб пачалихъалъул» лидеразул цоявлъун.