«Алексей Навальныясул информациялъул агентлъи» абураб жиндирго СМИялъул регистрация гьабизе инкар гьабиялъе гIоло оппозициялъулав Алексей Навальныяс «Роскомназоралда» хурхун гIарза кьун буго диваналде.
«Роскомнадзоралъул» бетIер Александр Жаровас арбагI къоялда лъазабуна, регистрация гьабиялъе инкар хурхураб букIине бегьулин «документазул пакет букIине кколеб къагIидаялда хIадур гьабун букIинчIолъиялдайин».
Навальныясул рагIабазда, СМИялъул къварагIел баккана гьесул «Коррупциялде данде къеркьолеб фондалъул».
Жиндирго блогалда оппозициялъулас хъвалеб буго, жиндир информагентлъиялъул мурад кколин «хъулухъчагIазда жидее кьурал «санагIатал гурел» суалазе жавабал къануналда рекъон кьезарийин».