Китаялъул диваналъ гIумруялъулго туснахъ бихьизабуна уйгуразул жамгIияв хIаракатчиясе

Китаялъул Урумчи шагьаралъул диваналъ гIумруялъулабго туснахъ бихьиазабуна уйгуразул инсанасул ихтиярал цIунулев ва гIалимчи Ильгьам Тохтие.

Гьесде гIунтIизабуна сепаратизмалъул гIайиб. Гьесул хIаракатчилъи диваналъ рикIкIун буго Синьцзян-Уйгур автономияб мухъалда пачалихъияб гIуцIи биххизабиялда хурхураблъун.

Тохтица гIемер нухалъ какун букIана гIисинал миллатазда хурхун Китаялъул нухмалъиялъ билънахъизабулеб политика. Гьес нахъ чIвалел руго жиндего гIунтIизарулел гIайибал.

Гьесул адвокатаз лъазабуна Тохтица гIарза хъвазе бугин хадусеб инстанциялъул диваналдейин. Китаялъул жамгIиял хIаракатчагIаз лъазабуна, диваналъ къотIараб тамихIалъ микьго миллион уйгурас гIумру гьабулеб Синьцзян мухъалда хIалуцин баккизабизе бегьулин. Тохти аресталде гъоркье восана январалда.

Гьесдаго цадахъ ккун вукIана гьесул микьго студентги. Цолъарал Штатаз ва Евроцолъиялъ Китаялъул нухмалъи ахIана Ильгьам Тохти эркен гьавиялде.