Анкараялъ лъазабулеб буго Сириялдаса 130 азаргоялдаса цIикIкIун курдав вачIанин Туркиялде «Исламияб пачалихъин» жидедаго абулеб къукъаялъукьа лъутун ахираб кIиго къоялда жанибин. Туркиялъул премьер-министр хисулев Нуман Куртулмусица абуна 22 сентябралда Анкараялъул нухмалъи хIадурлъулеб бугин дагьалги гIадамал къабул гьаризе, гьеб хIадурлъулеб бугин бищунго квешаб сценариялде ай жидерго бакIал тун лъутизе ккарав нус-нус чи къабул гьавизейин.