Крымалъул татаразул гIуцIи гочинабулеб буго

Диваналъул хIукмуял тIуразарулезул федералияб хъулухъалъул хIалтIухъабаз Крымалъул татаразул халкъалъул мажлисалъул хIаракатчагIазе сордо-къо кьун буго Симферополалъул Шмидтил къваталда бугеб минаялдаса нахъе гочиналъе. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго «Крымские новости» агентлъиялъ. 15 сентябралда Мажлисалъул минаялда жаниб низам цIунулез чIухь бан букIана.