"Исламияб пачалихъалъ" бахъун буго Сириялъул 16 росо

Сириялъул шималияб рахъалда «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул яргъид гIуцIараз жидерго контролалде гъоркье босун буго чанго росо.

Курдазул жидецаго жалго цIуниялъул яргъид гIуцIарал халкъиял къокъабазул нухмалъулев Оджалан Исоца «Рейтерс» агенлъиялъе комментариял гьарулаго лъазабун буго Туркиялъул гIорхъода бугеб Айн-эль-Араб шагьаралда аскIоб бугеб 16 росо бахъанин радикалиял исламистазин.

Хамис къоялъго хIукуматалъул рагъул къуватаз гьужум гьабун буго исламистазухъ бугеб Эль Баб абураб шагьаралде. Associated Press агентлъиялъе бакIалъулал активистаз лъазабухъе, гьенив хун вуго бищун дагь босун 12 чи.