БатIа тIезе бугищ Шотландия Британиялдаса?

Англиялъул (квегlиса), Шотландиялъул (квараниса) ва Британиялъул (бакьулъ) байрахъал, 17 август, 2104

БатIа тIезе бугищ Шотландия Британиялдаса? Гьеб суалалъе жаваб кьезе буго 18 сентябралда гьениб тIобитIизе бугеб референдумалъ. Гьаниб кьолеб буго гьеб референдумалъул ичIго аслияб бутIа.

1.Кинаб суал борхун бугеб референдумалда?

ЦохIого-цо: «Шотландия лъидаго бачIеб букIине кколищ?» абураб суал

http://www.aboutmyvote.co.uk/the_independence_referendum/guide_to_voting.aspx

2.Кинаб бугеб референдумалъул цебесеб тарих?

1707 соналда Централияб Америкаялда дармил колония гьабизе бахъараб хIаракат финансазул кутурлъиялдалъун лъугIун хадуб Шотландия лъугьана Англиягун политикияб цолъиялде.

ХХ гIасруялда цIикIкIине байбихьана Эдинбургалъухъе гьелъул цо-цо ихтиярал тIадруссинарейин ахIиял.

ГIурхъаби лъураб автономия гIуцIиялда сверун Шотландиялда тIоцебесеб референдум тIобитIун букIана 1979 соналда. Гьелда дагьал гурони гIадамал гIахьаллъичIолъилъ референдум хIасил кьечIого рагIалде бахъана.

Амма къого соналдаса тIобитIараб кIиабилеб референдумалъул хIасилалда гIуцIана Шотландиялъул парламент. Гьелъие щвана лъай кьеялда, сахлъи цIуниялда, бакIалъул нухмалъиялда ва цоги цо-цо рахъазда сверун жидецаго хIукмуял къабул гьаризе ихтияр.

http://www.scottish.parliament.uk/visitandlearn/25488.aspx

2011 соналда Шотландиялъул сепаратистияб нухалъул рахъ кколеб миллияб партия тIадкIалъай гьечIого бергьуна Шотландиялда тIоритIарал рищиязда. Гьелдаса хадуб КIудияб Британиялъул ва Шотландиялъул хIукуматаз къотIи гьабула Шотландия лъидаго бачIеб букIиналъул суал гьоркьоб лъураб референдум тIобитIизе.

http://www.scotland.gov.uk/About/Government/concordats/Referendum-on-independence

3.Щал гIахьаллъизе ругел рищиязда ва кинал ругел гьелъул механизмал?

Гьелда гIахьаллъизе бегьула КIудияб Британиялъул яги Евроцолъиялъул цоги улкаялдаса бокьарав гражданин, амма гьесул букIине ккола Шотландиялда гIумру гьабизе ихтияр. Шотландиялда гьарурал ва цоги бакIазда гIумру гьабун ругел гIадамазул гьечIо референдумалда гIахьаллъизе ихтияр. Гьаркьал кьезе бегьула 16-17 сон барал гIолилазги, Британиялда рищиязул ихтияр 18 сон бан гурони щолеб гьечIониги. Референдумалда гIахьаллъаразул къадаралде балагьичIого гьелъул хIасилал малъизе руго.

2 сентябралда жал референдумалда гIахьаллъизе ругин абун регистрация гьабун буго Шотландиялда гIумру гьабулев ва гьелда гIахьаллъизе ихтияр бугев 4.4 млн. чиясул 97 проценталъ. Гьеб буго рекорд.

http://www.scotlandnow.dailyrecord.co.uk/news/record-42-million-people-registered-4202071

http://www.aboutmyvote.co.uk/the_independence_referendum/guide_to_voting.aspx

Шотландиялъул карта

4. Референдумалъ Шотландия Британиялдаса батIа тIезе кколин абуни, кида Шотландия лъугьине бугеб лъидаго бачIеблъун?

2016 соналъул 24 марталда. Лондонгун кIалъа-ралъаял гьаризе ва гIиси-бикъинал суалал дандразе бихьизабун буго 18 моцI. Гьеб къо гIадада гуреб бищун бугеб.

1603 соналъул 24 марталда цолъун рукIана Англиялъул ва Шотландиялъул къираллъаби. Шотландиялъул къирал Джеймс VI-билев вахъун вукIана Англиялъулги къираллъун (Джеймс I).

http://www.bbc.co.uk/history/historic_figures/james_i_vi.shtml

5. Британиялъул къиралалъе ритIухъаблъун хутIизе бугищ Шотландия?

Буго. Гьей хутIизе йиго пачалихъалъул бетIерлъун. Гьеб референдум хъвалеб буго гIицIго 1707 соналда гьабураб политикияб цолъиялда. Гьелъул асар букIине гьечIо гIасру цебе къираллъаби цолъизариялъе.

Амма Шотландиялъул ихтияр буго, гьезие бокьани, къираласул нухмалъиялда сверун цоги референдум гьабизеги.

Рес буго къиралалъул цIаралдасан гьениб нухмалъи гьабизе генерал-губернатор тезеги. Гьединал руго, масала, Канадаялда ва Австралиялда. Гьенийги къиралай йиго улкаялъул бетIерлъун.

http://www.theguardian.com/politics/2014/sep/11/queen-governor-general-scotland-independence-monarchy

6. ЦIунизе бугищ Шотландиялъ Британиялъул стерлингазул фунт?

Референдумалда хурхун аслияб суаллъун хутIулеб буго гIарцуда бараб суал. Лъидаго бачIолъиялъул рахъ кколез абулеб буго Шотландиялда кIвезе бугин фунт бугехъин цIунизе. Шотландия лъидаго бачIеб букIине бокьичIел политикиял партияз рикIкIунеб буго валюталъул цолъи букIине кколарин.

7. Лъугьине бугищ Шотландия Евроцолъиялде?

Гьеб суал рагьараблъун хутулеб бугониги, лъугьинин ракIалде кколеб буго. Евроцолъиялде лъугьарал цо-цо улкабазде дандеккун Евроцолъиялъул къануналги тIалабалги гьанжеялдаго тIуралел руго Шотландиялда. Гьединлъидал гьенибе лъугьине Шотландиялъе кIудияб хIадурлъи хIажалъизе гьечIо.

http://www.ft.com/cms/s/0/977a39ea-8c26-11e3-9b1d-00144feab7de.html#axzz3DEjGhjQA

http://www.dw.de/independent-scotland-footloose-but-not-eu-free/a-17912094

8. НАТО.

Референдумалъул инициатор-Шотландиялда нухмалъиялда бугеб миллияб партиялъе бокьун буго улка НАТОялда букIине, амма гьеб разияб гьечIо жидер территориялда Британиялъул атомиял ракетабазул «Трайдент» система лъезе.

НАТОялъул генералияв секретарь Андерс Фог Расмуссеница абуна Шотландия лъидаго бачIеблъун лъугьараб мехалда гьелъ гIарза хъвазе кколин ва НАТОялъул киналго гIахьалчагIи разилъун хадуб гьеб гьенибе къабул гьабизе кколин.

http://www.bbc.co.uk/news/uk-scotland-scotland-politics-28853275

9. Щиб ккезе бугеб референдумалъ Шотландия Британиялдаса батIа тIезе бокьун гьечIин бихьизабуни?

Гьединаб хIасил къваригIараб лъабго партиялъ-Консервативияб, Лейбористазул ва Либерал демократазул партияз абулеб буго гьеб мехалда Шотландиялъул парламенталъе щвезе ругин магъалоязул ва социалияб рахъалъ гIадамал хьезариялъул суалазда сверун ихтияралин.

Шотландиялда тIобитIизе бугеб референдумалъ асар гьабизе рес буго тIолабго улкаялъе ва цоги регионазги цIикIкIун автономия тIалаб гьабизе рес буго.

http://uk.reuters.com/article/2014/09/07/uk-scotland-independence-osborne-idUKKBN0H207C20140907

http://news.sky.com/story/1334354/clegg-pushing-for-more-devolution-in-england