Донбассалъул нухмалъиялда хурхун цебелъей гьабуна Украиналъул президентас

Донецк ва Луганск областазул лъабго соналъ хасаб къагIидаялда нухмалъи гьабиялъул къануналъул проект битIана итни къоялда Украиналъул президент Петр Порошенкоца ТIадегIанаб Радаялде.

«Украинаская правда» газеталъ хъвахъе, къануналда абулеб буго гьединго Донбассалда конфликталде гIахьаллъи бугел гIадамазде данде къанун Киевалъ хIалтIизабизе гьечIин ва «жамгIияб ва хасаб гIумруялда» гIурус мацI хIалтIизабиялъул ихтияралъул гарантия кьолеб бугин.

Къануналъул проекталъ гьединго бихьизабулеб рагIула иргадулал гурел бакIалъулал рищиял. Проекталъ бихьизабухъе, гьел тIоритIизе бегьула 20I4 соналъул 9 ноябралда.