Украиналъул президент кIалъана ОБСЕ-ялъул бетIергун

Украиналъул президент Петр Порошенкоца Европаялда Рекъон хIалтIи гьабиялъул ва хIинкъи гьечIолъи цIуниялъул ГIуцIиялъе изну кьуна роржарухъаби гьечIел боржараби рилълъанхъизаризе улкаялда тIад контроль гьаби мурадалда.

Гьадин лъазабуна Петр Порошенкоца рехсараб гIуцIиялъул бетIер Дидье Буркхальтерие телефонияб гара-чIвари гьабулаго.

Буркхальтерица жиндир иргаялда абуна гьаб гIагардисеб заманалда Украиналде сапар бухьизе бугин миллиял къукъабазул суалазул рахъалъ ОБСЕ-ялъул вакил Астрид Торсица.