Китаялъул диваналъ лъабго уйгурав чIвазе хIукму гьабуна

Китаялъул диваналъ лъабго чи чIвазе ва цояв гIумруялъго жаниве тIамизе хIукму гьабун буго.

Гьезда чIвараб гIайиб исана ихдалил маххул нухлул станциялда ругел пассажиразде тIаде кIанцIи гьаби. Гьеб гьужумалъул хIасилалда 31 чи чIван, 140 лъукъун вуго.

Гьеб гьужумалъул гIайиб хIукуматалъ гIунтIизабуна уйгуразул сепаратистазде. Магърибалъул прессалъул пикруялда диван гьабурал гIадамазул цIаразухъ ралагьугн гьел ккола уйгур миллаталъул чагIи.