Россиялде данде цIиял санкциял

Россиялде данде Евроцолъиялъ лъазарурал цIиял санкциял хIалтIизаризе байбихьана рузман къоялъ Евроцолъиялъул официалияб журналалда хасаб баян загьирабун хадусала.

Гьел санкциял лъазарун руго цо-цо нартил компаниязде, улка-цIунулел идарабазде, пачалихъиял банказде данде.

ТIоцебесеб иргаялда - «Роснефть», «Транснефть», «Газпром нефть», «Уралвагонзавод», холдинг «Оборонпром» абулел идарабазде данде.

Гьединго санкциял лъазарун руго пачалихъияб даражаялъул 24 чиясде данде. Банказда ругел гьезул активал цIорозарун руго ва гъозие Европаялде рачIине гьукъун буго.

Гьел киналго тадбирал лъазарун руго Россиялъ Украиналда хурхун, гьабулеб политикаялъухъ.