ГьоцIдерица сангар къан буго

11 сентябралда ГьоцIалъ лъел электростанция балеб бакIалда лъураб сангарги ккун чIана гьоцIдерил гIадамал.

ХIажалъи ккани, чадиралги чIван, сардалги рорчIилин жидеца гьенирин абулеб буго гьез. Электростанция балеб бакIалда хIалтIаби гьаризе риччалел гьечIо гьез. Хьаргаби мухъалъул полицияги бачIун букIун буго гьел нахъе гъезе, нуж гьенире хасаб бетIергьанлъиялда бугеб ракьалде рачIун ругин, гьеб гьукъараб бугилан.

ГьоцIдерица тIалаб гьабулеб буго лъеда гъоркье инехъин ругел жидер ракьазухъ рецIалил гIарац тIубан кьун бахъинабизе.

Гьебго заманалда 11 сентябралдаго гьоцIдерил цо къокъа МахIачхъалаялдеги бачIана Дагъистаналъул нухмалъигун дандчIвазе.

Амма гьелгун дандчIвана Дагъистаналъул ЖамгIияб палатаялъул нухмалъулев ХIамзат ХIамзатов. Цеве «Дагъэнерго» абураб гIуцIиялъул нухмалъудаги вукIана гьев. Гьениса жидерго росуцоял къватIире рачIинегIан балагьун чIарал гIадамазда кIалъазе вачIана АхIмад ГIабдуразакъов. Дагъистаналъул бетIерасул курсалъул рахъккураб жамгIияб гIуцIиялъул вакил вугин живан абуна гьес. Амма гьесги чIванкъотIараб жо бицинчIо гьоцIдерие.

ГIадамал: «Нилъер магIишатги хун батани, ракьалги хун ратани, кьезе ккола, щай кколареб? Гьеб хвечIезегицин кьола гьеб… Хун буго валлагь, гIадамазул гIадлуги хун буго. … Нуж нужерго хIалтIи-пишаги рукъги тун, гьаб багIарараб къоялъ гьанире щвезегIан рачIинчIониги бегьилаан. … Нижеца гIемераб жо гьабуна гьеб щвеялъе – яги гьабуна, гьелда тIадеги гьабуна. … ХIалтIи гьечIого чи вукIунаро магIарухъ. Дирги букIана. Росулъ гьеб хIалтIи гьечIев чи цохIониги вукIунаро. ВукIинчIониги, росулъ руччабиги бихьиналги киналго сангар къан чIун руго».

ЭР-ялъе гьоцIдерица бицухъе, жакъа къоялде щвезегIан гьезул росдае щун буго рецIалил гIарцул 600 млн гъурущ. Кьезе ккола жеги 500 млн гъурущ. Лъел электростанция балеб бакIалде лъим биччазе лъагIел хутIидал, бецIун бахъинабилин гьеб гIарацилан рагIи кьун букIун буго энергетиказ гьоцIдерие. Амма суал тIубалеб гьечIилан гьез гIарзал рахъун руго Хунзахъ мухъалъул нухмалъиялдаса байбихьун, МугIрузул мухъалда Дагъистаналъул нухмалъулес тарав вакиласухъе, живго республикаялъул нухмалъулесде щвезегIан. Гьелъул хIасил ккун гьечIо.

II сентябралда ГьоцIалъ лъел электростанция балеб бакIалда лъураб сангарги ккун чIарал гьоцIдерил гIадамазул цояв ккола Мурад. Гьадин бицана гьес ЭР-ялъе.

Мурад: «Ниж руго гьанир сангаралде тIадеги рахун. Гьаб ракьги буго нижер, я бичараб гуреб, яги гьадин гьабилилан къотIи-къай гьабураб гуреб. Чияр бакIалда – я хьергебдерил, ялъуни гъунисезул ракьалда гьечIо ниж. Нижерго ракьги цIунун чIун ругоха ниж гьанир. Нижее гIарац кьезе ккола «РусГидроялъ». Гьаз азде тIамун, доз азде тIамун, хIасил кколеб гьечIо. Рихьундерил гIадамалги руго гьединго, ракьги гъанкъизабун, кодор ккун диваналъ гьарурал хIукмабигун, щибниги гIарацги щоларого. Гьедин ракьал гъанкъизарун хадур нижееги щибниги кьелароха. Цебе букIараб хIукуматалъ тIубайин абун, цоцаде рехи гьабила гьеб суал. Дица цебехун абухъе, берда цебе бугелъулха аскIорго ругел рихьундерил мисал. Гьездехун бихьизабулеб бербалагьиги лъалеб бугелъул нижеда. Гьедин жамагIат бугоха гьанибе бахъун чIун».

ПалхIасил, ГЭСалъул гIарац тIалаб гьабураб гIарза Дагъистаналъул нухмалъиялдеги жамгIияб палатаялдеги цIидасан хъваян гIакълу кьуна гьоцIдерие МахIачхъалаялдасан.