Дагъистаналда халкъалъул ихтияр депутатазухъе кьуна

Гьанжеялдаса хадур муниципалиял гIуцIабазул нухмалъулел халкъалъ гурел, депутатаз рищизе руго. Гьединаб хIукму гьабуна 10 сентябралда Дагъистаналъул Халкъияб Мажлисалъ тIобитIараб сессиялда.

Муниципалиял гIуцIабазул нухмалъулел халкъалъ гурел, депутатаз рищизе ккеялъул проект къабул гьабуна тIоцебесеб цIалиялда. Амма гьелда дандечIун рукIана коммунистал. Масала, депутат МухIамад МухIамадовас абуна гьебни гьедигIан квешаб къанун батиларин. Гьелдасаги квешаб къанун нилъеца къабул гьабунин Дагъистаналъул бетIер депутатаз вищизе кколин абун.

МухIамад МухIамадов: «Гьединлъидал нилъ дагь-дагьккун эхерехун гирулел руго. Демократиялдаса рикIкIалъулел руго. Нилъеда щай кидаго ракIалде кколеб жидерго мухъалъе нухмалъулев вищизе кIвеларин цо пуланав чиясда. Жинда лъикIин кколев чиясе гьаракь кьезе гьесухъа бажарулел шартIал чIезаризе ккола.

Щайин абуни цо хасаб бакIалъул депутатазул гIуцIиялде асар гьабизе бигьа букIуна тIубараб росдаде яги мухъалде гьабулелдасаги. Дир хIисабалда, нужеца кинаб къагIида тIаса бищилеб абун суал лъезе кколаан цо хасаб мухъалда, росдада цебе. Референдум гьабизе кколаан».

Коммунистазул цогидав вакил, МахIмуд МахIмудовги рази гьечIоан депутатазда цебе лъураб гьеб къануналъул проекталдаса. Гьединго Россиялъул президент Путиница гьабулеб къагIида лъикI бихьулеб буго гьесда.

Масала, божилъи хварав нухмалъулев гьес жинцаго нахъе вахъулеб къагIида. Дагъистаналъул къануналдаги хIисабалде босани бегьилин гьеб хIужаян абуна МахIмудовас.

«Единая Россиялъул» вакил Николай Алчиевас рахъкколеб буго проекталъул. Щайин абуни депутатал гьединги халкъалъ тIаса рищун рахъунел чагIи рукIунила. Цинги тIадегIан щвейгун гьез жидеда гьоркьоса чи муниципалияб гIуцIиялъул нухмалъулевлъун вищи батIаго гIадлъизе ккараб жо гурила.

Гьединго халкъалъ рищун доре ккарал чагIи чанго болжалалъ рукIунила нухмалъиялда. Республикаялъул бетIерасегицин кIиго гурони болжал бихьизабун гьечIеб мехалда, муниципалиял нухмалъулел щайила бокьанагIан нухалъ гьенир рукIине кколел?

«Справедливая Россия» партиялъул вакил Камил Давдиевасул рагIабазда рекъон, республикаялда тIалъиялъул вертикаль абураб гIуцIулеб мехалда, гьел халкъалъ рищун нухмалъиялде ккарал чагIаздасан щибниги тIалаб гьабизе лъугьиналъул хIасил кколеб гьечIин. Гьанже депутатазда гьоркьоса вищарав чи гьенив тани, гьесда хадуб халкквезе бигьа бугин.

Камил Давдиев: «Гьединго гьелъул магIна ккола нилъеца нухмалъи гьабизе тIамулев вугин профессионалияв менеджерин абун. Гьесда цере тIалабалги лъезе рес букIуна.

Гурони нилъеда бихьулеб бугелъул демократия бугел улкабазда щиб кколеб бугебали. Масала, Украинаялда. Гьениб гIадамаз мекъи босана жидеего кьурал ресаздаса пайда».

Депутат Джапарбег Шамхаловас мисалалъе рачана хъулухъалъ жидедаса гъоркьехун ругел администрациялъул бутIрузда тIаде кинабго хIалтIиги рехун рукIунел муниципалиял гIуцIабазул нухмалъулел.

Цинги киналъулго хIасил гьабуна республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас. Демократиялъул багьанаги батун, гьарурал рищиял сабаблъун рачIанин даража гьечIел чагIи.

Гьез кверщел гьабунила тIубарал шагьараздагун мухъазда.

Гьелъие мисал бачунаго, МахIачхъалаялъул мэрасул ишал тIуразарулев Сулейманов МухIамад рехсана ГIабдулатIиповас. Щибдила гьесухъ бугеб гьабсагIаталда?

Гьесда сверун ругила аза-азар хъачагъалги цIогьалги. Шагьаралъул бетIергьанлъиялда гьез щибниги жоги тун гьечIила. МахIачхъалаялда гьарулел рищияздаги гIицIго цIар букIанила халкъиялилан.

ГIадамазул ичIго процент унин гьездейин жинца цо бакIалда абидал, гьедин кутакалда лъикI кколеб бугин дудаян гIад-хочI гьавунила жив.

ГIабдулатIиповас абуна гIемерисел муниципалиял гIуцIабазул нухмалъулел кутакалда лъаялъул рахъалъ нахъе ккарал чагIи ругиланги.

Рамазан ГIабдулатIипов: «Дида кIоларо гьединал чагIазда цадахъ хIалтIизе. Гьединлъидал гьезул бащадазда малъизе ккола, бащадал нахъе ритIизе ккола».

Тохлъукьего тIалъиялде ккарал чагIазул мисалал рачунаго, республикаялъул бетIерас рехсана Гъаякент ва Дербент мухъазул нухмалъулелги.