Еврокомиссиялъул цIиял бутIрул тIамун руго

Еврокомиссиялъул цIияв президент Жан-Клод Юнкерица Брюсселялда тIобитIараб данделъиялда лъазаруна Евроцолъиялъул бутIабазул бутIрузул цIарал.

ГIарцулгун кредитазул политикаялъул нухмалъулевлъун тIамун вуго Франциялъул финансабазул вукIарав министр Пьер Московичи, Британиялъул политик Джонатан Хилл тIамун вуго финансабазул щулалъиялъул ва хъулухъазул политикаялъул кураторлъун, Австриялъулав Йоханнес Хан жавабиявлъун вукIине вуго Евроцолъи гIатIилъизабиялъул суалазда бан.

Германиялдаса Гюнтер Эттингер вукIине вуго дигиталиябилан абулеб экономикаялъул суалазул рахъалъан бетIерлъун.

Энергетикияб Цолъи гIуцIизе буго Словениялдаса Аленка Братушекил нухмалъиялдалъун, Даниялдаса Маргрете Вестагер тIамун йиго транспорталъул конкуренциялъул вакиллъун.