Барак Обамаца ГIиракъалъул премьер-министрасда баркана

Итни къоялъ телефонияб гара-чIвари гьабулаго, Цолъарал Штатазул президент Барак Обамаца ГIиракъалъул премьер-министр ХIайдар аль-Абадида баркана цIияб хIукаумат гIуцIи.

Гьединго дандбан букIана жидеда «Исламияб пачалихъилан» абулеб багъа-бачариялде данде цадахъаб къеркьей гьабиялъул суал. Гьеб багъа-бачари Америкалъги, Евроцолъиялъги, Цолъарал Миллатазул гIуцIиялъги террористикияб гIуцIилъун рикIкIунеб буго.