«Аш-Шабаабалъул» цIияв цевехъанасе гьа бан буго

Сомалиялда бугеб «Аш-Шабааб» абулеб радикалиял бусурбабазул гIуцIиялъул къеркьохъаназ гьа бана жидерго цIивищарав цевехъан АхIмад ГIумар Абу Убайдие.

Гьадинаб лъазаби загьирабун буго къеркьохъаназул интернет сайтазда. ВукIарав цевехъан АхIмад Годане чIвана 1 сентябралда Цолъарал Штатазул авиациялъ гьабураб гьужумалъул хIасилалда.

«Аш-Шабааб» абулеб гIуцIиялъ гIамал гьабулеб буго Сомалиялда шаргI тIад чIезабизе.