Пакистаналда хун вуго 100-ялдаса цIикIкIун чи

Пакистаналда лъинал кIанцIиялъул хIасилалда хун вуго 100-ялдаса цIикIкIун чи. Нухмалъиялъул хIинкъи буго гьел къурбаназул къадар дагьабги цIикIкIине рес букIиналда, щайгурелъул гьенир цIадал чIезе ругин жеги лъазабун гьечIого. Ахираб ункъго соналда жаниб Пакистаналда исанасеб лъимкIанцIи буго бищунго кIудияб. 2010 соналда гьениб гьеб тIабигIияб балагьалъул къурбанлъун вахъун вукIана 1800 чи.