Минскалда гьабун буго Украиналда кьвагьи чlезабиялъул къотlи

Украиналъул кризис рагIалде бахъинабиялда хурхун Минскалда контакталъул къукъаялда гьоркьоб унеб букIараб данделъиялда бажарун буго Донбассалда кьвагьи чIезабиялда сверун цо пикруялде рачIине.

КьотIи гьабун буго рузман къоялда бакIалъул заманаялда рекъон, бакъанида сагIат анлъго тIубараб мехалда кьвагьи чIезабизе. Гьедин лъазабулеб буго «Интерфакс-Украина» абулеб агентлъиялъ. Гьединго лъазабулеб буго гъулбасал лъун ругин 14 бутIаялдаса гIуцIараб протоколалда гъоркьгийин. Гьелде гъорлъе унел руго контроль гьабиялъул, асирал цоцазухъ хисиялъул ва цоги гьелда релъарал суалал.

Минскалда кIалъа-ралъаязда гIахьаллъана Украиналъул кIиабилев президент Леонид Кучмаги, Украиналда Россиялъул вакил Михаил Зурабовги, ОБСЕялъул вакил Гьайди Тальявиниги, Луганскалъул ва Данецкалъул жидецаго лъазарурал «халкъиял» республикабазул вакилзаби Александр Захарченкоги, Андрей Пургинги, Игорь Плотницкийги.