Россия кваназабизе кIолищ Дагъистаналда?

«ГIела Кавказ кваназабураб» абураб хитIабаздалъун Россиялъул миллатчагIаз гIужие босун букIараб Шималияб Кавказалдехун жакъа Россия батIияб бералъ балагьизе байбихьун буго. Гьелъие квербакъана Украинаялда ккарал лъугьа-бахъиназ.

Европаялъул пачалихъаздаса рачIунел кванил нигIматаздаса инкар гьабун хадуб жакъа Кавказ рикIкIуна росдал магIишталъул нигIматаздалъун Россия хьихьун бажарулеб регионлъун. Амма хIакъикъаталдаги кинал ругел гьелъие мисалалъе Дагъистаналда ресал?

Улкаялъулго экспертазул пикруялда рекъон, Россиялъул регионазда гьоркьоб Шималияб Кавказ хутIун бугин абизе бегьула росдал магIишаталъул нигIматаздалъун улка хьезабун бажарулеб субъектлъун. Дагьаб цебегIанги «ГIела Кавказ кваназабураб» абураб Россиялъул миллатчагIаз гьарулел рукIарал хитIабал дагь-дагьккун кIочон танин абизе бегьула. Экспертазул пикруялда, сахал кванил нигIматал хIадур гьабун бажарулеб регион буго жакъа гьезие гьеб. Гьеб киналъего сабаблъун ккана Украинаялда ккарал политикиял лъугьа-бахъинал. Украиналда хурхун Россиялъ загьир гьабураб пикру сабаблъун ТIубараб Европаялъ мугъ рехана Россиялдехун. Гьелда данде Россиялъги инкар гьабуна лъагIалица Еврошураялда гъорлъе унел пачалихъаздаса гьан, нах ва цогидалги кванил нигIматал росизе.

Кавказская Политика сайталда гьал къоязда къватIибе бачIараб баяналда хъвалеб буго Шималияб Кавказалъул регион жиндирго тIабигIиял ва рукIа-рахъиналъул хаслъиялъухъ балагьун гьабсагIат рикIкIине бегьулин Россиялъул аграрияб сектор цебетIезабиялъе аслияб бутIа лъолеб регионлъунилан. Макъалаялъул авторасул рагIабазда рекъон Советияб зманалдаса нахъе жакъа къоялъги дунялалда машгьурал руго Дагъистаналда ругел цIолбол ахалги, гIиял рехъабиги.

Амма хIакъикъаталдаги кIолишха жакъа Дагъистаналда гьанадалъун ва цогидалги нигIматалдалъун Россия хьезабун. Гьеб суалалда тIасан «Эркенлъи» радиоялъе жиндирго пикраби загьир гьарулел руго хIалбихьи бугев гIияхъан, Гъуниб мухъалъул Гьонодаса ГIамирханил МухIамадица.

Гьеб киналъего рес букIинаанин, гIи-боцIухъабазе хIукуматалъул рахъалдасаги кверчIвайги букIарабани. Амма гьабулеб гьечIин тIалъиялъ гьединаб кумекилан абулеб буго гIияхъанас.

ГIамирханил МухIамад: «Жакъа Дагъистаналъ цIунараб гIи-боцIи Россиялъе къаригIараб къоялъ бичун босизе букIуна гьелъ кверчIвалеб бугони гIи-боцIухъабазда. Амма кверчIвалеб бугищилан абуни, гьечIо. Жакъа 9-10 гъурщиде кормадул килограммги бугони, 130-140 гъурщиде харил тукги бугони. 150-160 гъурщиде гурони гьанал кг. гьечIони кинаб хайирха букIинеб?».

Амма гIиял цониги бетIерго гьечIев чияс гьереси документалги гьарун гьесие рикьулел ругин хIукуматалъ дотациял, хIакъикъаталдайин абуни сордо-къоялъ чIечIого гьезие хъулухъги гьабун, гIетIги тIун хIалтIулел гIухьбузе щолеб гьечIин щибниги.

ГIамирханил МухIамад «Цебе Дагъистаналъул гIодоб ккезегIан гIи-боцIи букIана. Гьал мугIрул цIун рукIараб дол гIиял рехъабазул 10 процентцин гьечIо жакъа хутIун. Бугилан хъван буго гьез кагътида. Амма документазда гуроха гьеб букIине кколеб, букIине ккола берда бихьулеб хIакъикъаталда рекъон. Кагътида 100 000 бугилан хъваниги хIехьола гьелъ».

Россия хьихьизе кIола Дагъистаналъул гьанадаги хIанидаги, гьадаб коммунистазул заманалда букIараб куцалда гIи-боцIи хьихьизе шартIал чIезарулел ругони».

Гьелдаго цадахъ ГIамирханил МухIамадица кIвар буссинауна гьадинаб хIужаялдеги, цере хьихьулел рукIаразги гьанже гIи-боцIи хьихьулеб гьечIин щайгурелъул гьездаса хайир дагьаб букIун кормадухъ харихъ ва цогидалги сурсатазухъ унеб багьа цIакъго кIудияб бугин гьанахъ щолелдасаги. Гьелдасан хаийр гьечIолъи бихьарал гIухьбиги рехун гьеб пишаги тун тIубанго батIияб яшавалде руссунел ругин гьел, гьезул чангиял мисалалъе шагьаралде нахъе гIадамал раччун автомобилалда хIалтIизе лъугьунел ругин.

Кинаб куцалдаха кIолеб хIукматалда гIи-боцIухъаби жидерго пишалядаса рази рукIунедухъ кумек гьабизе, гьелъие гьадинаб жаваб кьолеб буго ГIамирханил МухIамадица.

ГIамирханил МухIамад: «Жакъа кIиго лъимер хьихьарав чиясе кьолеб буго бугогури 450 000 гъурущ гIарац. ГIи-боцIи хьихьаразеги кьеха, ле, гьединабго къагIидаялъ гIарац, гьабун хъвай-хъвагIайгун. Гьаб гIи-боцIи хьихьани, ма, дуе гьадигIан гIарацилан абулеб бугони хьихьилариш вехьас гIи. КIолищин гьединан гIи-боцIи хьизейилан бураб суал кьуни, кIола. Варххиялда лъимал гьаризе тIамуна гури аз руччаби, гIарцул кумекалдалъун, гIухьби гIияде ритIизе щай азда кIолареб?».

Живго МухIамадги гьанже цеве гIадин гIиги хьихьун магIишат гьабулев гьечIо, батIияв вехьасухъе магIарде кьун гьев жиндиего хайир бугев хIалтIуде вуссун вуго. Нижеца гьесда гьикъана хIукумалъ кумек гьабулеб букIунтун цеве гIадин цIидасан гIиги хьихьун магIарде вахъинанщин мунилан. Гьале гьес кьураб жаваб.

ГIамирханил МухIамад: «Гьадаб хIукумат биххиладе цересел соназда 89-90 соназда гIадин шартIалги чIезарилин нижеца дуейилан гьез дида абуни, хьитал ретIун гурев хIинцIго хIатIалгун ина дун гIиги бачун магIарде. ХIатIида гIицIго гьез дун витIиларо, амма витIаниги гьедин ине разияв вуго дун гьалдаса къоло щуго соналъ цебе гIадаб хайир гIиядаса дие щолеб букIунтун».

ХIасил-калам тIубараб Россия гьанадалъун, нахудалъун ва цогидалги росдал магIишаталъул нигIматаздалъун хьезабизе бажарулин Дагъистаналъухъа, амма гьелъие хIукуматалъул рахъалдасанги гьабулеб кумек букIине кколилан абулеб буго Гьонодаса ГIамирханил МухIамадица

Росдал магIишаталъул рахъалъ, гIелмияб академиялда цебе гIуцIараб агарарияб политикаялъул централъул вакил, Озун Василийица «Вестник Кавказа» абураб басмаялъе кьураб интервьюялда абулеб буго Кавказалъул регионазда кIолин кигIан бокьаниги росдал магIишаталъул нигIматаздалъун россиялъул рынок цIезабизе, амма цин гьел регионазда аграрияб политика хисизабизе кколин ва тIоцебесеб иргаялда хасал бетIергьанлъиялъул фермеразухъе ва гIи-боцIул бетIергьабазухъе кьезе кколин киналго росдал магIишаталъул кIваралда ругел ракьал.