Эстониялъе къваригlун руго НАТОялъул даимал базаби

Эстониялъул президент Тоомас Гьендрик Ильвесица лъазабуна гьесул улкаялъе бокьилаанин жидер терроториялда НАТОялъул даимал базаби рукIине Россиялъул рахъалдаса рукIине рес бугел хIинкъабаздаса жал цIунизейин.

НАТОялде гъорлъе унел Балтиялъул улкаби- Эстониялъул, Латвиялъул ва Литваялъул рахIатхвей цIикIкIунеб буго Украиналда кризис гъварилъанагIан. Магърибалъул пикруялда, Россиялъ Украиналде ритIулел руго аскаралги рагъулаб техникаги. Гьебги къанунияб хIукумат реххизе хIаракат бахъулел сепаратистазе кумекалъе.

Америкаялъул президент Барак Обама щвезе вуго Эстониялде Балтиялъул улкабазул лидералгун дандчIвазе Уэльсалда букIине бугеб НАТОялъул саммиталда цебе.

4-5 сентябралда букIине бугеб гьеб саммиталда НАТОялъ рагьизе руго Россиялъул гIурхъабазда аскIоб жидер рагъулаб инфраструктура гIатIид гьабиялъул планал.