Шамат къоялда Исламабадалда демонстрантаздаги полициялдаги гьоркьоб ккараб тунки-гIусиялда хун вуго лъабго чи ва нусгоялдаса цIикIкIун лъукъунги вуго, гьездаго гъорлъ полициялъулалги. Лукъаразда гъорлъ рагIула 17 чIужугIаданги.
Гьелъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго Пакистаналъул медиказ. Низам хвезабиялъул акт халалъулеб букIиналда бан, нухмалъиялъул хIинкъи буго зарал ккуразул къадар цIикIкIине бегьиялда бан. Тунка-гIуси байбихьун буго кIиго анкь гIанаб заманалъ тIобитIулеб акциялъул гIахьалчагIаз премьер-министрасул резиденциялъул штурм гьабизе хIалбихьараб мехалда.
Полициялъ манифестантазде данде хIалтIизабуна магIу бачIинабулеб газ ва резиналъул гуллаби. 15 августаладаса Пакистаналда халат рахъунел руго хIукуматалде данде демонстрация. Гьелъул нухмалъи гьабулеб буго рухIияв лидер Уль – Къадрица ва крикеталъул командаялде гъорлъе унев вукIара спортсмен Имран Ханица. Гьез тIалаб гьабулеб буго премьер-министр Наваз Шариф хъулухъалдаса нахъе ин.