Мисралда тIолабго гIумруялъул туснахъ бихьизабун буго диваналъ исламистазе

Мисралъул диваналъ тIолабго гIумруялъул туснахъалъул тамихI къотIана шамат къоялда «Бусурбаби-вацал» абураб исламистазул гIуцIиялъул рухIияв лидер МахIмад Бадие ва гьесдаго цадахъ исламистазул анкьго лидерасе. Гьезде гIайиб гIунтIизабуна араб соналъул риидал тIоритIарал протесталъул акциязда гIадамал зулмуялде гьесизариялъул.