Минэкономразвитиялъ АСЕАН ахIулеб буго Россиялде экспорт цIикIкIинабиялде

Россиялъул Минэкономразвитиялъул бетIер Алексей Улюкаевас АСЕАНалъул улкаби ахIулел руго Россиялде росдал магIишаталъул продукциялъул экспорт цIикIкинабиялде.

Россиялъ 7 августалдаса гьукъана Цолъарал Штатаздаса, Евроцолъиялдаса, Австралиялдаса, Канадаялдаса, Норвегиялдаса кванил нигIматазул импорт соналъул болжалалъ. Гьеб кколеб буго Украиналда конфликт хIалуциналъе гIоло Магърибалъ лъазарурал санкциязе Москваялъул жаваб.

Хамиз къоялда Мьянмаялда Жанубиябгун Машрикъалъул Азиялъул блокалъул улкабазул министразул данделъиялда кIалъалаго, Улюкаевас кIвар буссинабуна Азиялъул пачалихъазе Россиялда жидерго продукция бичиялъе рагьулел ресазде.

АСЕАНалде гъорлъе уна Индонезия, Малайзия, Сингапур, Таиланд, Бруней, Камбоджа, Лаос, Мьянма ва Вьетнам.