Москваялъул диваназ Пушкинил майданалдаги Ракълил проспекталдаги ругел «Макдональдсазул» хIалтIи гьоркьоб къотизабуна 90 къоялъ.
«Роспотребнадзоралъ» лъазабуна, хIалтIи халат бахъинабизе гьезул рес букIине бугин, киналго гIунгутIиял тIагIинарун хадубин.
Араб анкьалда Россиялъул вице-премьер Аркадий Дворковичица лъазабуна, нухмалъиялъул планалда гьечIин улкаялда «Макдоналдсал» къайин.
Россиялда буго гьединаб 450 ресторан 70 шагьаралда. Компаниялда хIалтIулев рагIула 37 азарго чи.