14 июналда Афгъанистаналъул рищарухъабаз кIиабилеб туралда кьурал гьаркьал Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул контролалда гъоркь цIидаса рикIкIиналъул бойкот гьабулеб буго Афгъанистаналъул президентасул хъулухъалде претендент ГIабдулла ГIабдуллаца.
Гьесул рищиязул штабалъул гIахьалчияс лъазабуна нижер радиоялъе, кандидатасул командаялъ жидерго гIахьаллъи гьечIого гьабураб цIех-рехал гьарурал экспертазул цогIаги къокаялъул хIасилал къабул гьаризе гьечIин.
ГIабдуллаца лъазабун букIана жиндирго конкурент Ашраф Гъание пайдагун гьаркьазул хIасилазул фальсификация гьабиялъул хIакъалъулъ.