Украиналъул кризисалъе ахир лъей мурадалъул кIалъа-басаял

26 августалда Минскалда Россиялъул президент Владимир Путинилгун ва Евроцолъиялъул лидеразулгун тIоритIулел кIалъа-басаязда Украиналъул президент Петр Порошенкоца лъазабуна, гьел кIалъа-басаяз жаваб кьезе кколин " дунялалъулги Европаялъулги къисматалъул" суалазейин.

КIалъа-басаязда гIахьаллъун руго Евроцолъиялъул къватIисеб политикаялъул идараялъул бетIер Кэтрин Эштон, Беларусалъул президент Александр Лукашенко ва Казахстаналъул президент Нурсултан Назарбаев.

Порошенкоца гьединго лъазабуна, жинца "политикияб компромисс" балагьулеб бугин ва Украиналъул жанубиябгун машрикъалъул рахъалде ярагъалъе нух къани, гьелъ рекъелалъе нух рагьизе бугин.

Путиница лъазабуна, кризис гIицIго Киевалдаги жанубиябгун машрикъалъул вакильзабазулги рахъазда гьоркьор кIалъа-басаяздалъун гурони рагIалде бахъинабизе бажаруларин. Казахстаналъул президентас рахъал ахIана заманалъ гIаги рекъел гьабиялде балагьалде ккарал гIадамазе гуманитарияб кумек гьабиялъул мурадалда.