Киевалъ лъазабулеб буго, Россиялъул рагъулазул колонна улкаялде жанибе анин

Киевалъ лъазабуна, итни къоялъ радал Россиялъул рагъулазул колоннаялъ Украиналъулгун гIорхъи баханин Новоазовск мухъалда ва гьеб анин Мариуполалъул рахъалдехунин.

Хасаб операциялъул пресс-централъул вакил Леонид Матюхинида базабун, France-Presse агентлъиялъ лъазабулеб буго, Украиналъул гIорхъаби цIунулезда бажаранин колонна чIезабизе, Россиялъулгун гIорхъадаса 10 килимотералъул манзилалдла тунка-гIуси унеб бугин.

Рагъулалгун политикиял цIех-рехазул централъул нухмалъулев Дмитрий Тымчукил информациялда рекъон, гьеб колоннаялъул бутIаялда, ай, 10 БТРалда, кIиго танкалда ва кIиго «КАМАЗалда» бажарун буго улкаялде жанибе нух халат бахъинабизе. Гьесулго рагIабазда, Украиналъулгун гIорхъода аскIоб Россиялъ чIезабун буго 47 азарго рагъуласдаса контингент.

Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавровас итни къоялъул пресс-конференциялда лъазабуна, Россиялъул рагъулал Украиналде жанире анин абураб информация дезинформация кколин.