Украиналъул хIинкъигьечIолъиялъул хъулухъалъул бетIер Валентин Наливайченкоца лъазабуна, Россиялъул гуманитарияб колонна улкаялде жанибе лъугьин кколин Россиялъул Украиналда битIахъеб гьужумин. Гьединаб информация рузман къоялда кьуна «Интерфакс – Украина» агентлъиялъ.
«КинабгIаги нич гьечIого Багъараб хъанчIалда нахъ рахчараб рагъулал машинаби гьел кколин», - лъазабун буго Наливайченкоца.
Украиналъул Пачалихъияб гIорхъаби цIунулеб хъулухъалъ лъазабуна, Россиялъул гуманитарияб колонна ине байбихьанин, Халкъаздагьоркьосеб БагIараб ХъанчIалъул вакильзаби цадахъ гьечIого, гьарун рукIарал къотIи-къаязде балагьичIогоян.
Гьелдаго цадахъ Украиналъул миллияб хIинкъигьечIолъиялъул мажлисалъул вакиль Андрей Лысенкоца лъазабуна, гуманитарияб колоннаялъул хIинкъигьечIолъиялъул жавабчилъи Россиялда тIад бугин. Гьесулго рагIабазда, Россиялъул рахъалъ я Украиналъул гIорхъаби цIунулел , я таможняялъул хIалтIухъаби, я Халкъазда гьоркьосеб БагIараб ХъанчIалъул вакильзаби аскIоре риччачIеб 90 юк баччулеб машина бачIанин Украиналъул рахъалдейин.
Рузман къоялда Россиялъул къватIисел ишазул министрелъиялъ лъазабуна, жидеца хIукму гьабунин цорахъалъулаб хIукмуялда рекъон, Луганскалде юк щвезабизейин. Цебе Украиналул, Россиялъул ва Халкъазда гьоркьосеб БагIараб ХъанчIалъул вакилзабаз гьабун букIана хIукму, гуманитарияб юк тIад бугел машинаби бихьизабураб бакIалде нухда чIечIого иналъул хIакъалъулъ.
Донбассалъул гIадамазе гуманитарияб кумекалъул цIезабураб 280 автомобиль къватIибе бахъун букIана Москваялда аскIоб бугеб Наро-Фоминскалдаса 12 августалда.