Хамиз къоялда Украиналъул гIорхъаби цIунулез ва таможениказ байбихьана Украиналъул машрикъалъул рахъалда балагьалде ккарал гIадамазе гуманитарияб кумек щвезабиялъе къваригIунел документал хIадуризе.
Гьелъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго «Интерфакс-Украина» агентлъиялъ. Лъазабулеб буго, киналго процедурабазда хадуб гуманитарияб кумекалъул цIурал машинаби Украиналъулгун гIорхъи бахун хадуб чIезаризе ихтияр букIине гьечIин унеб бакIалде щвезегIанин.
АрбагI къоялда БагIараб ХъанчIалъул Халкъазда гьоркьосеб Комитеталъул хIалтIухъабаз шоферзабазе малъа-хъваял гьарун руго хIинкъигьечIолъиялъул рахъалдаса. Жиб-жиб автомобилалъул кабинабазда жанир жалго шоферзаби гурони цогидал чагIи рукIине кколел гьечIо.
Россиялъул автоколоннаялда цадахъ букIине кколеб буго БагIараб ХъанчIалъул байрахъал ругел автомобилал.
Донбассалъул гIадамазе гуманитарияб кумекалъул цIезабураб 280 автомобиль къватIибе бахъун букIун буго Москваялда аскIоб бугеб Наро-Фоминскалдаса I2 августалда.