Вашингтоналъ лъазабуна, Америкаялъул рагъулазул хасаб хъулухъалъ дагьалъ цебе хIалбихьун букIанин Сириялда «Исламияб пачалихъ» гуцIиялъухъ вугев чанго американияв, гьездаго гъорлъ журналист Джеймс Фуоли эркен гьавизеян. Амма гьеб операциялъе икъбал щвечIин.
Гьелъул хIакъалъулъ арбагI къоялда лъазабуна ХъахIаб рукъалъул вакилзабаз. «Америкаялъухъе кагъат» абураб Джеймс Фоули чIвай бихьизабураб видеохъвай-хъвагIай исламистаз лъуна интернеталда талат къоялда.
Видеохъвай-хъвагIаялда терроористас лъазабулеб буго, гьезухъ вугев цогидав американияв Стивен Сотлоффил къисмат хурхараб букIине бугин Цолъарал Штатазул президент Барак Обамал «хадусеб хIукмуялдайин».
Youtube-алда лъураб тIоцебесеб видеоялда бихьизабун букIун буго Фоулил бетIер къотIулеб куц. Хадуб гьеб хисун буго гьеб фрагмент гьечIеб варианталде.