Нагагьаб балагьалдаса цIуниялъул балагь

Дагъистаналда ахираб заманаялъ гIемерлъулел руго автомобилалъе нагагьаб балагь бецIиялъул кагъат, ай страхование гьабулаго гIемерелал квекIенал дандчIвалел ругин абулел гIадамал. Кин бугеб ахIвал-хIал Дагъистаналда страхованиялда хурхун, ва кинал захIмалъалаби дандчIвалел ругел автомобилазул бетIергьабазда?

Араб соналъул ахиралдаса нахъе Дагъистаналда гIемер рагIулеб буго страхование гьабулаго квекIенал дандчIваялъул хIакъалъулъ. 2013абилеб соналъул ахиралда Дагъистаналда чанго страхование гьабулел гIуцIцIиял къан руго. Гьел къайги бараб буго гIуцIцIиязул тIалъиялъул Дагъистаналда ругел жидер хIалтIухъабазда божилъи лъугIи. Гьедин хъвалеб буго социалиял гьиназул гIахьалчагIаз.

Россиялъул автострахователазул гIуцIцIиялъул баяназда рекъон страхование гьабулаго кинабгIаги квекIенал дандчIвазе рес гьечIо, амма цо цо регионазда гIунгутIаби рукIине рес буго, щай гурелъул араб соналъул ахирадлдаса нахъе страхование гьабулел гIуцIиял рикьун руго щуго тIелалде, гьезул пайдаяб хIасилалда рекъон. Гьезие полисалги бихьизабураб къадаралда рекъон гурого кьолел гьечIо.

Дагъистаналда 2013абилеб соналъул авалалда 30-ялдаса цIикIкIун страхование гьабулел гIуцIиял рукIун ратании, 2014 соналда гьезул хутIун руго анцIгоялде бахинчIеб къадар, гьеб барабги буго гьезул хайир кIудияб букIинчIого къаялда. ХIасил калам, ункъо-щуго гIуцIи хутIулеб буго, жидеде киналго сраховой хIалтIаби тIаде кколел, гьелъ гьел гIоларого квал-квалги кколеб буго. Гьедин лъазабулеб буго «РЕСО-гарантия» абураб нагагьаб балагьалдаса цIуниялъул гIуцIиялъул тIалъиялъ.

Гьединго Дагъистаналдаса автомобилистазул буго гIарз, страхование гьабулаго хIал гьабун тIадеги гIумри нагагьаб балагьалдаса цIуниялъул кагъатги гьабизабулеб бугилан, гьеб гьабичIого страхование гьабуларилан абун. Гьелда тIасан «Эркенлъи» радиоялъ гьабураб цIех-рехалъул хIасилалда гьадинал баянал кьуна автомобилистазги страхование гьабулезги:

Саидов АхIмад ккола 24 соналъ машина бачунев вугев чи, гьесул рагIабазда рекъон, страхование гьабизе заман щведал, гьев гьабулеб чанго бакIалде щун вуго, цо бакIалда абун буго иргаялда чIезе кколин, амма гьесде ирга моцIидасан гурого щолеб букIун гьечIо, гьелъ цогидаб бакIалде индал, гьенибги гьесие бланкал гьечIилан инкар гьабун буго. ГIицIго лъабабилеб бакIалда тIубан буго гьесул мурад, гьебги гIумруялдаса цIунулеб кагъатги цадахъ гьабун.

МахIачхъалаялдаса чанго соналъ страхование гьабулеб гIуцIиялда хIалтIулев вукIарав ХIадисица «Эркенлъи» радиоялъе баян гьабуна гьединаб лъугьа- бахъин мухъазда батизе бегьулин, амма шагьаралда букIине рес гьечIин. Амма ахираб соналъ хисун бугин Страховой гIуцIиязул ахIвал-хIал

МухIамадов ХIадис: «Щибаб гIуцIиялъул рукIуна жиде-жидер хIалтIухъаб, ай агентал, гьезда бараб букIуна гIуцIиялъул хIалтIи тIобитIулеб бугеб куц. Цо-цояз макру гьабун тIубараб гIуцIиялдаго гIадамазул божилъи хола. Гьел полисал риччараб къадар чIезабулеб мехалъ пайдаяб хIасил дагь бугел гIуцIиязе полисалги дагь щола».

Шагьаралда къанагIатаб жо гуро машин бачуней чIужугIадан, ГIабдулаева СалихIатица бицана жий магIарухъа къваригIелалъ щванин МахIачхъалаялде, амма магIарухъ страхование гьабулаго гьелдаги дандчIван руго квекIенал. СалихIатие бокьичIо жий кколеб мухъ хъвазе.

ГIабдулаева СалихIат: «Автомобиль страховать гьабизеян, дун щвана районалъул централде. Гьениб дие гьеб гьабичIо, бланкал гьечIилан абун. Гьедин дун рокъое йилълъана. Страховкаги лъугIун дое-гьание ине рес букIинчIелъул, дида абуна пуланаб росулъ гьабулин гьебилан.

Гьедин кIиго-лъабго росулъе щвана. Ахиралда пуланаб росулъ гьабуна дие гьеб цо чияс.

Цебе 1500 гъурущ унеб букIун батани, гьанже дихъа ана 4500 гъурущ гIарцул. Гьединаб захIматаб ахIвал-хIал бугоха».

Жанисел ишазул идараялъул хIалтIухъанас бицана гьединал шартIал жидеда рагIулин, амма гIарз бахъун чи вачIаниги хIужа гьечIого цIех-рех байбихьизе рес букIунарин. Гьелъ, нагагь гьединаб лъугьа-бахъин кколеб бугони, видео бахъун яги диктофоналда хъвазе кколин хIужа букIине.

«АЛЬФА-страхование» абураб гIуцIиялъул хIалтIухъан МухIамадов Рашидица бицана ОСАГОялъл багьа 2003 абилеб соналдаса нахъе хисичIин, амма экономика хисанин, жидее пайда гьечIин гIицIго ОСАГО полисал ричун, хайир гьечIеб хIалтIи кколеб бугин.

Гьелъ жидеца ГIицIго полис гуреб нагагьаб балагьалдаса цIуниялъул къвачIаго цадахъ бичулин. Жидеца гьеб чара гьечIого гьабизе кколин, амма хIал лъидаго гьабуларин.