Сириялда радикалаз 700-гIан чи чIвана

Сириялъул Машрикъалъул рахъалда «ГIиракъалъул ва Леванталъул Исламияб пачалихъ» багъа-бачариялъул къеркьохъаназ кIиго анкьида жанив цо чанго росулъ шуайтат абулеб къвамалъул 700-гIан вакил чIвана.

Гьездаса 600 чи вукIун вуго ракълилав инсан. ХутIарав нусгояв радикалиял бусурбабазде данде чIолаан. Гьадин лъазабулеб буго Сириялъул инсанасул ихтиярал цIунулез.

Шамат къоялъ Сириялъул оппозициялъ Цолъарал Штатазул тIадтараздехун руссун, гьарана рехсараб багъа-бачариялъул къеркьохъаназ чIей гьабулел бакIазде гьавадул гьужумал гьаре, ян абун.