Сепаратистаз бортизабуна Украиналъул боржаро

Донецкалда араб сордо-къоялда жаниб халат бахъунеб кьалда анцIго чи чIван, микьгоявги лъукъун вуго бахъараб кьвагьдеялъул хIасилалда. Шамат къоялъул къаси Луганскалда сепаратистаз речIчIун бортизабуна Украиналъул гьавадул къуватазул боржаро.

Доба унеб хасаб операциялъул вакиласул рагIабазда рекъон воржарухъан чIаго хутIана, катапульта гьабун.